text
stringlengths
121
51.8k
Ахираб заманаялда дир mp3-плеералда жанир раккана некӏсиял магӏарул кучӏдул. Гьанже маршруткаялда радал хӏалтӏуде унев мехалъги релъедал нахъе вуссунев мехалъги дун гӏенеккулаан Муи Хӏасановалъда, Мухӏамад-тамир Синдикъовасда, Сидрат Меджидовалъда. Цо-цоял дун лаълел гьимулаан, жидеда бичӏчӏулеб гьечӏин - дуе "Раммштай...
- Закир, цо лъагӏелалъ цебе дуда ракӏалдецин букӏун батиларо дудаго цадахъ хӏалтӏулев вукӏарав, дурго гьудул-гьалмагъ, пиша цояв Гӏабдулмалик Ахӏмадиловасул цӏаралда бугеб тӏоцебесеб премия дуе щвелилан. Кинаб пикру бугеб дур гьеб лъугьа-юахъиналда сверун?- Дун воххун вуго гьеб шапакъат дие кьуралдаса. Амма бокьилаан ж...
Цо нухалъ хӏалбихьезилан дица гьеб суал Маликие кьуна. Гӏодовги вичан, щибго кьерги гьурмал хисичӏого гьес кьуна гьадинаб жаваб: "Дун ина нахъе гьаниса, мун ина нахъе гьаниса, цойгидалги ина. Хадуб лъица нилъерго маданиятги, магӏаруллъиги цӏунизе бугеб? Лъица нилъер мацӏ цебетӏезабизе бугеб, лъице цӏогьораллъун рахъара...
Дир тӏуразе гьечӏел анищал, кагътида тӏад киданиниги рачӏине гьечӏел пикраби, цӏализеилан росарал ва цӏаличӏого тарал тӏахьал – тӏаса лъугьа...
Фонетикиялъулаб абундачРагӏана гьаб лъугьа-бахъин цо чӏарадисесул хъизаналда лъугьанилан. Рукӏун руго гьал чай ххулел. Гитӏинав Мухӏамадица халат бахъун "гьорррр-гьорррр"-илан ххулеб букӏун буго чай. Эбелалъ цинги бахъун васасде абун рагӏула:- Я дир вас, Мухӏамад! Дур гьеб ххуялъул халалъи гӏаги щиб! Цӏияб абиВа бана г...
Гьаб блог гьадин рехун тезехъин ракӏалдани букӏинчӏо, амма гъалатӏ кканаха. Гьанир раккулелгӏаги рукӏаралдай щалниги? Рукӏинчӏелъиялда щаклъигӏаги гьечӏоха. Гӏурус мацӏалда бачунеб блогалдани жиб-жиб къоялъ хъвай-хъвагӏаял гьаризе хӏаракат бахъула. Гьанибги мех-мехалдаса ваккизеги ккела. Ракӏалда буго анкьида жаниб лъа...
Араб соналъул август моцӏалъул ахиралда Цӏумада районалъул Тӏинди росдал администрациялъ туристал Гӏаддало-шухгел магӏарде рачана. Гьанир лъолел руго сапаралда рахъарал тӏаса рищарал суратал (суратал "гӏонкӏкӏочалъ" мерхьани, гьел кӏодолъула. Тӏинди росдал некӏсияб авал. Тӏиндадерица бицухъе, росдае буго гӏага-шагарго ...
Экономикияб форумалдагун терроралда тӏасан пикрабиРихьдае ва ххвалие гьабулеб ишалда гӏурусаз абула "потемкинские деревни" ралел ругин. Григорий Потемкин абулев чи вукӏун вуго гӏурус пача Екатерина кӏиабилелъул божарав чи. Россиялъ турказухъа Крымалъул рагӏаллъи бахъарабго улка сверизе яхъарай пачаялда бихьизе Потемкин...
Хадуб загьирлъана гьеб теракт гьабизехъин букӏиналъул информация полициялъулазухъе цебего щун букӏин. Амма щибниги гьабун гьечӏо гьеб гьукъизе. Чачаналдаса Дагъистаналде реххарал рагъулал къуватазда сверухъги гӏемерал харбал тӏиритӏана Дагъистаналда. Бищунго тӏибитӏараб пикру буго Владимир Путиница Сочиялъул Олимпиадая...
"Щивлъун вукӏинев?" ва "Кинавлъун вукӏинев?" абурал суалал жакъасеб Дагъистаналда жаваб батичӏого халат рахъун хутӏуларо. Мисалал гӏунги тӏокӏ руго. Амма суал буго гьездаса кинал тӏаса рищилел абураб. Нилъеда лъала дагьабниги тарбия щварав гӏадатияв магӏарулас пикру гьабила инсанлъун, лъикӏав чилъун вукӏине. Амма нилъе...
Цо нух - кӏудияб спорталде, кӏиабилеб нух – политикаялде букӏине рес буго. Кинаб нухмалъи дур букӏинеб "левый хукалъул" ва "проход в ногиялъул" гӏелмуялдаса батӏияб бакӏалде ваккичӏев чиясул? Гьеб суал я тӏад ругез, я халкъалъ кандидатасда цебе лъоларо, аслияб жо буго гьесие бюджеталъул рогӏразул кӏалтӏе ворчӏи. Гьеб б...
Ахирисеб теракталъ цо батӏияб рахӏатхвей лъугьана Махӏачхъалаялда. Жал цӏунун рукӏиналда божилъи хвезабуна гьелъ гӏадамазулъ. Бичӏчӏизе захӏматаб хӏинкъиялъ цӏезабуна кинабго сверухълъи. Ахӏвал-хӏал хӏалуцинабулеб буго гӏадамазда гьоркьор тӏиритӏулел харбазги. Бицунеб буго лъабабилеб теракталъулги - жийго кьвагьизе къа...
Тротилалдалъун гурони. Мисалалъе, Великобританиялда теракталъул хӏа-силалда чӏваразул хъизамазе ва лъукъаразе материалияб ва психологияб кумек тӏубанго пачалихъалъ гьабула. Дагъистаналда гьединаб лъугьа-бахъин цӏакъго къанагӏат букӏине бегьула. Щайгурелъул, Россиялъул законазда рекъон, гьеб гӏарац кьезе ккола жинца тер...
Ле, френдал, бицея цо, дагъистанияллъунищ яги россияналлъунищ нужеца нужго рикӏкӏунел? "Вахӏ, гьав чи цодагьав камуравгицин гьечӏодай?" ян абизе гӏедегӏичӏого, гьаб пикру цӏализе цо-кӏиго минут хвезабе. Паранг мацӏ лъикӏ лъазабизе Франциялде ун йикӏун йиго Дагъистаналдаса кӏиго яс. Цо пуланаб къоялъ Парижалъул къватӏал...
Гьелъул аслияб пикрулъун ккола Северияб Кавказалда гӏумру гьабун ругел гӏадамал Россиялъ жидералголъун рикӏкӏунарин абураб. Гьелъ рижизарулел руго цогидал масъалабиги. Амма лъазе бокьилаан Россиялъул Кавказалъул регионазда, хасго Дагъистаналда, гӏемерисел гӏадамаз жал россиялъулилан рикӏкӏунищали. Цогидазул бицинчӏого,...
Бетӏербахъиялъе гӏадамазе хӏажатал бищун гӏадатиял шартӏал чӏезаричӏони, гьел киналго инвестициязулги ва цоги-цоги гӏажаибал "къватӏиса рачӏарал" рагӏабазулги тӏохде балеб цӏадалъулгӏанги тӏири ургъел букӏине гьечӏо нилъер чагӏазе. "Немецкая деревня" абун цӏар гурони хутӏичӏеб инвест-проектниги ракӏалде щвезабе… Кремля...
Гьагъаб рестартилан абураб жоялъулги жо ккечӏилан кколеб буго) Щиб гьабилеб, гьудулзаби, гӏумру гьедигӏан гӏадатаб жо букӏун гьечӏелъул. Дирго гӏантал пикраби загьир гьарулеб гӏурус мацӏалъ бачунеб блог букӏаниги, гьаб магӏарул мацӏалъ бачунебги тезе бокьун гьечӏо. Гьединлъидал дирго гьайбатал пикрабиги гьанирги лъела....
"Хӏакъикъат" журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Патахӏовас гьаб видеоялда цӏалулеб буго жиндирго кечӏ. Баркале Бетӏергьанасе Мухӏамад гӏадал чагӏигун дие лъай=хъвай гьабизе щвараблъухъ.
Россиялда щай гӏемерисезе кавказиял рокьуларел? Гьеб суалалъе жаваб батизе захӏмалъиларо. Дида ккола, цохӏо терактазе гӏоло рокьуларилан. Гьезда квеш бихьула нилъеразул хьвада-чӏвадиги. Тӏолалго кавказиялъулазул бицине лъугьинаро. Бицина цохӏо нилъерго, дагъистаниязул, хьвада-чӏвадиялъул. Гӏемераб хабарги бицинаро, мал...
Арбагӏ къоялъул бакъанида, цебехун нижеца хъван букӏахъе, "Миллат" газеталъухъ гьоболлъухъ вукӏана машгьурав политикияв ва жамгӏи-яв хӏаракатчи Сулайман Уладиев. Чӏамучӏал церерагӏиялги тун, бачӏинахъего абила, Сулайманилгун нижер гара-чӏвариялъе, гӏурусаз абухъе, кинабгӏаги "информационный повод" абураб жо букӏинчӏо. ...
Политикияб реформа ва цӏиял нухмалъулел- Батани,Сулайман, мун нижеца толев вуго гьаб интервью лъугӏизегӏан президентлъун, яги кандидатлъун, рехсе гьеб программа.- Гьел тӏадехун рехсарал рахъал ругев чи вищанаха халкъалъ президентлъун. Щиб гъос гьабизе кколеб? Тӏоцебесеб иргаялда, цӏияв президент вищарабго тӏубанго прав...
Ритӏухъ гьабунищ президентас дур гьари, яги гьев цохӏого чирахъалда гъоркьищ вугев?- Гьабичӏо, дир гьариги, хьулги букӏана гъос щиб бугониги хисизабилин. Хисараб жого бихьулеб гьечӏо. Президентасда дица гьикъилаан: "Дуца бице щив дуца хъулухъалда толев вугев, дица абила мун щивали" ян. Гъов гӏолохъанчи вуго, гъосие рес...
Жакъа "Миллаталъухъ" гьоболлъухъ вуго Гӏалисултан Гъазимухӏамадов. Республикаялъул лъугьа – бахъиназдаги, политикияб ва жамгӏияб гӏумруялдаги хадуб халкколел, гӏелму цӏаларал ва лъай бугел магӏарулазда бичӏчӏун батила лъил рахъалъ бицунеб бугебали. Ратила Гӏалисултан лъаларел гӏадамалги, гьел руго цӏалдоларел гӏадамал....
Гьесул гӏаданлъиялъулаб гьоркьоблъи букӏана диргун, амма дида бичӏчӏулаан гьев хъулухъалъ бакӏидехун вухьун вукӏин. Гьес абуна: "Гӏалисултан, дур газеталда буго кутакалда бакӏаб ва къабул гьабизе захӏматаб хъвай–хъвагӏай, гьеб басма кьабулел машинабаздацин кӏолеб гьечӏо хӏехьезе, гьел ракӏалдаго гьечӏо рек-рекула. Гьед...
Нилъеда бихьухъе, аварал тун батӏиял тӏадчагӏаз жидерго миллаталъе санагӏалъаби гьарула, аваралин абуни хӏалтӏизе лъугьуна Дагъистаналъулги тӏолалго дагъистаниязулги мурадалда. Гьелъие гӏиллалъун ккола авар миллат барщун, камиллъун ва цӏубан букӏин, нилъер мадугьалихъ ругел халкъазул гӏамал-хасият жеги къавмазул даража...
Хунзахъ росулъа Хӏанапиевазул хъизан, Гиннессил чӏелазул тӏехьалда жидер цӏарал хъварал эбел ва вас, Дагъистан тун къватӏирехунги лъала чорхолъ бугеб тамашаяб къуваталдалъун, батӏи-батӏиял ва хӏикматал гьунарал рихьизарун бажарулел чагӏи хӏисабалда. Жакъа рес ккана, гьезул мина-къайи батизе гӏезегӏан бигьалъичӏониги, Г...
Гьитӏинаб къоялдаса нахъе Гӏумарил букӏараб хасият буго цо жоялда тӏад гъваридго ургъулеб. Цогиги, гьесул чорхолъ кидаго букӏараб ва бугеб гӏамал буго дун гьитӏинав вугин, дихъа гьеб иш бажариларин абун чӏечӏого, кинабго рагӏалде бахъинабулеб. Кигӏан захӏматаб бугониги хӏалтӏуде тӏоцеве кӏанцӏун гьабулаан инсуде ккараб...
Рикӏкӏадаб сапаралдаса вуссарав чиясда гьикъаризе рачӏунеб гӏадат буго гӏемерал росабалъ. Тӏаде рачӏаразе бакӏги кьун, гъоркь рукӏарал нахъеги уна. "Киве аниги, рукъалде лъикӏ вачаги, мурад тӏубан, вуссаги!" - ян абула нахъе унелъул. Сапаралдаса вуссарав чиги, жив росулъ гьечӏеб заманалда хвел-гӏел ккун бугони, зигара ...
Хъазицаги царацаги тӏанчӏи дандран рукӏанила. Цин цер чанабе ун, тӏанчӏи хъазица хьихьун, цинги хъаз ун, тӏанчӏи цараца хьихьун, гьеб магӏишаталда гьезул гӏезегӏан мех анила. Цо къоялъ кунеб жоялда хадуб хъазги ун, цер тӏанчӏазул милаталда рокъоб хутӏанила. Хехго кӏудиялги гӏун, гьайбатго ругел хъазил тӏанчӏазде царал ...
Инсуца васазда, нуж рекъа-решон рукӏаян буюранила, амма гьел гӏенеккичӏила. Цинги гьес, жулги босун, рачӏа, гьаб бекеян абунила. Кигӏан гьез жигар бахъаниги, гьезда гьеб бекизе кӏвечӏила. Цинги инсуца жулги бичун, цо-цо чӏор кьунила. Васазда чӏорал бигьаго рекизе кӏванила. "Балагье, лъимал, нужер ишги гьедин ккола. Нуж...
Магӏарулазул бищунго некӏсиязул цояблъун ккола Кӏикӏуни росу. Гьелда сверухъ гӏасиял кьурабиги гъваридал кӏкӏалалги гӏемерал руго. Балагьарав чиясда гьабсагӏатги рихьула гьенир цо чаран кьурулъа тӏаде чӏварал рицатал цӏулал магӏал. Мех баялъ гьел лахӏчӏегӏерлъун ва кьватӏ- кьватӏун руго. Гьел чӏван руго Чӏегӏергӏоралда...
Доб борхатаб кьурул ракьанде щвараб мехалъ, вас дагьалъ лъалхъун вуго. Жинда хадув хал ккурав чи вугищан, рахъ-рахъалде валагьун вуго. Кидаго гӏадин, хъахӏилал зобазул борхалъуда эркенго боржанхъулеб цӏум гурони, васасда батӏияб рухӏчӏаголъи бихьун гьечӏо. Гьесда йихьун гьечӏо кьурул рагӏдукь яхчарай жиндирго эбел, вас...
Хасалица хасалил гӏамал гьабураб лъикӏаб, рииялъ роол гӏамал гьабураб лъикӏаб. Хасало гӏазу бачӏони, риидал цӏад балареб.
Цо чанахъанас гудур гъун букӏанила. Гудрада мохмохил кесек бухьун букӏанила. Гьелда тӏаде цер ккун буго, амма цер тӏаде къан гьечӏо. Гьелъ хиял гьабун буго, дун цодагьалъ чӏелин, щиб гурин лъалеб, цоги батӏияб хӏайванги бачӏун, гудур чвархъизабизе бегьулин, гьебмехалъ инин дун гудраде тӏаде абун. Цо заманалдасан бачӏун...
Мацӏги, тарихги, маданиятги ккола миллаталъул кьучӏ, гьелъул кьалбал. Гьезие жагъаллъи ккани, миллат тӏагӏуна. Жиндирго миллаталъул мацӏ лъаларев чи, гьеб миллаталъул чи кколаро. Авар мацӏ лъаларев чиясда лъаларо аваразул тарихги, гӏадаталги, халкъалъул маданиятги. Авар халкъалъул мацӏги, гӏамалги, гӏадаталги гӏелалъ г...
Ункънусго соналъ гӏадин нилъер тарихалде щвелалде (до нашей эры) цебе, Бакъбаккул Кавказалда лъугьараб тӏоцебесеб хӏукуматалъул гӏуцӏиялда цӏар букӏана Кавказалъул Албания. Гьеб хӏукуматалъ гъорлъе рачун рукӏана Северияб Азербайджан ва Дагъистаналъул цӏикӏкӏараб бутӏа. Магӏарулазул цо-цо ракьалги унел рукӏун руго гьеб ...
Нилъер умумуз румалан абулаан, Рималъул гуребги, Византиялъул гӏадамаздаги. Нилъер тарихалдаса цебесеб гӏасруялда (до нашей эры) вукӏарав греказул гӏалимчи Страбоница хъвалеб буго, Кавказалъул Албаниялде гъорлъе унин къоло анлъго батӏи-батӏиял мацӏазул миллатал ва жиб-жиб миллаталъул вукӏанин жиде-жидер хан. Гьелъ рес ...
Дунялалда цо гурони гьечӏеб гьайбатаб махщалил устарзабилъун ккола ансал. Захӏматаб хӏалтӏи ккола цӏулада ишан кьаби. Амма, бихьиназе хасиятаб хӏалтӏи гьеб букӏаниги, захӏматалде ругьунлъарал, кӏвахӏ лъаларел ясаз гьеб умумулъанго ирсалъе щвараб махщел кодобе босун буго ва камиллъизабулеб буго. Ракӏалде ккезе бегьула г...
Расул Хӏамзатовасул кечӏ цӏалулеб буго Болъихъ росдал гьоркьохъеб школалъул 2-абилеб классалъул цӏалдохъан Хӏадисхӏажи Шалаповас.
ШАМИЛИЛ ГІОЛОХЪАНЛЪИ. Шамил гьавуна 1797 соналъ Генуб росулъ узденчи Денгасул Мухӏамадил хъизамалда. Гьесул эбел Бахумеседо йикӏана бегзабазул тухумалъул чи Пирбудагъил яс. Шамилил кӏудияв инсуда цӏар букӏана Гӏали. Тӏоцебе Шамилидаги цӏар Гӏалиян лъун букӏана. Гьитӏинаб мехалъ гӏемер унтулев, загӏипаб черхалъул чи вук...
САРИР V-Х гӏасрабазда Албания мутӏигӏ гьабун хадуса, Ираналъул шагь Хосров Ануширваница Дагъистаналда цӏунула бакӏалъулал хӏукуматал ва гьезул ханзаби. Гьел бакӏалъулал улкабазда гьоркьоб рехсон буго аваразул улка Сарир ва гьелъул бетӏерасда абулеб буго Филаншахан. V-VII гӏасрабазул гӏараб тарихалда Дагъистаналда ругел...
Жалго дагъистанияз мугӏрузул улкаялда киданиги абулароан Сариран. Гьез абулаан АВАРИЯ, АВАРИСТАН. Бакътӏерхьул улкабазул цо-цо гӏалимзабаз рикӏкӏуна VI гӏасруялда рахъарал гӏемерал ракьалги нахъа тун, бакъбаккул рахъалдасан бачӏунаго Кавказалде щвараб аварал абулеб гучаб къавмалъул цо бутӏа рещтӏанин Дагъистаналъул муг...
Бакътӏерхьуда Авариялъул гӏорхъи щола Грузиялде. Гьел гӏорхъабаз жанибе бачунеб букӏараблъун бихьизабулеб буго анцӏила кӏиазарго росу. Гьай-гьай улкаялъул цӏар кин ва сундасан бачӏарабали гӏадахъ босизе ккела. Амма дидаго кӏвар цӏикӏкӏараблъун бихьула, цӏар кинаб букӏаниги, доб цӏакъго некӏсияб заманалдаго Хунзахъ росу...
Хаслихъе векьарухъанас хур лъилъанила, гул къанила, гӏари гьабизе тӏаделъанила. "Гьеб дида лъаларо, гьаб дихъа бажаруларо", — абун гӏодов чӏарав тӏадего вахъунев вукӏинчӏила гьесул вас. —Гӏанхрица квине течӏого, тӏоргӏаги бищизе вахъа, — ян абунила инсуца. Васасда яхӏ речӏчӏанила, тӏаделъанила. Амма хӏалтӏи тӏаса-масаг...
Хунзахъ районалъул Багӏарабросдал гьоркьохъеб школалъул мугӏалимзабаз ва цӏалдохъабаз, Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацӏалъул къо кӏодо гьабун, хӏадурараб церерахъиналъул цо-цо лахӏзатал
ЛЪАЗАБИ Хӏурматиял подписчикал, лъималазул рахъарал суратал, авар мацӏалда ругел видеоял нужерги ратила. Нужецаго рахъарал ратаниги школалда рахъарал ратаниги гьаниб каналалда лъезе ритӏани бокьилаан. Цоцазда лъазеги, рихьизеги, нилъеда гьоркьоб гьуинлъиги цолъиги букӏине. Аллагьас хъван батани
Махӏачхъалалда цӏалулев вугев 6-абилеб классалъул цӏалдохъан Гӏумаров Хӏамзат. Кечӏ цӏалун, гьесие щун буго тӏоцебесеб бакӏ. Баркула Хӏамзатида
Лъаратӏа районалъул Джурмут росдал гьоркьохъеб школалъул мугӏалимзабазул ва цӏалдохъабазул Рахьдал мацӏалъул къоялде хӏадурараб церерахъин
Азербайджаналда бугеб нилъер аваразул Закатала мухъалъул Динчи росдал цӏалдохъабазул церерахъин Лъабго классалда гурони авар мацӏ лъазабизе рес гьечӏел нилъер гьитӏинал миллатцоязе гьаб гьунарги гӏела
Шамилил районалъул Цӏияб Гӏурада росдал гьоркьохъеб школалъул мугӏалимзабазулги цӏалдохъабазулги Рахьдал мацӏалъул къоялде гьабураб церерахъиналъул цо-цо лахӏзатал
Хунзахъ районалъул Багӏарабросдал ясли-ахалъул лъималазул Рахьдал мацӏалъул къоялде хӏадур гьабун букӏараб церерахъиналъул цо-цо лахӏзатал
Хӏ-абилеб гӏасруялда Сарир гъорлъе жубала Ширван шагьасул Дербенталъул эмирасулгун ккараб рагъде. Рагъда къурав эмир Мансурица кумек гьарула жиндирго вакьад Сариралъул хан Бохтийшода. Бохтийшол кумекалдалъун Мансурица нахъ буссинабула жиндирго эмирлъи. Сариралъул хан Суракъатил цӏар тарихалда тӏоцебе рехсон буго Хӏ гӏа...
Гьабигьан, радакьго тӏадеги вахъун, лъил-лъилниги бугӏа-ролъ ххине, гьабихъе къокъанила. Нуцӏида аскӏове гьев щвелалдего, жанисан цо ахӏи-хӏур рагӏанила. Гӏажаиблъанила гьабигьан: къватӏисан рахавухъе нуцӏаги бугила, жанив чи вукӏине ресги гьечӏила. Гӏин чӏванила гьес нуцӏида. Рагӏанила гьенисан гьадинаб дагӏба-къец: —...
—Къваридаб дир кӏалдисан хӏалуцун лъим речӏчӏуларебани, мун сверизацин сверилароан! —ин чӏанила рогӏоро. —Дудасаги дун хӏажатаб буго гьобоялъе! —Валлагь, бетӏерчӏахъад рогӏоро, гьеле мунго мукӏурлъулеб буго, дуда жанисан ракваялъул малъразда речӏчӏизе дун букӏинчӏебани, я раква ххенелароан, я гьелъ тӏасагьобо жиндаго ц...
Чӏарада районалъул Цӏуриб росдал гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъабаз Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 100 сон тӏубаялде гьабураб хӏадурлъи 1. Къадирова Умукусум 2. Муртазгӏалиева Хӏавсат 3. Сагӏидова Асият 4. Хӏабибулаева Патӏимат 5. Ибрагьимхӏажиева Мадина 6. Мурадова Патӏимат
Гӏарабал, гӏемерал ракьалги кверде росун, рачӏуна Кавказалде. 641-абилеб соналъ гьез бахъула Дербент. Халифаталда сверухъ жидерго доба ккараб лъугьа-бахъиналъ гӏарабал заманаялъ нахъе ине ккола Дагъистаналдаса. Жанисеб иш рукӏалиде ккедал, гьел кӏиабизеги рачӏуна Дагъистаналде ва 717-абилеб соналъ цӏидасан бахъула Дерб...
Марванил "чапарасда", росу бахъизе кӏвезе гьечӏолъиялда гьесул ракӏчӏезелъун, рихьизарула гьелъул щулалъаби. Марван щулалъабазухъ лъикӏ валагьула ва гьезул загӏипал бакӏал росула хӏисабалде. Тӏад вуссун щварав Марваница Сариралъул ханасухъе хъвала цоги кагъат, жиндирго сихӏруги рагьун, ва тахшагьар бахъизе гьесул ругел...
Жибго гьеб гьитӏинаб, ракьул кесекалда релълъараб хӏинчӏ буго. Амма гӏадамазе гьеб цӏакъ бокьула. Ихдалил чапар ккола гьеб. Нужецаго халгьабе гьеб гьаваялде, бураво гӏадин, свералаби гьарун, боржун унеб куц бихьизе. Нужго гӏенекке гьелъул гьоркьоса къотӏулареб кечІ рагӏизе. Бачӏинеги гьеб нилъехъе Африкалдаса бачӏуна. ...
Цогидалги дунялалъул халкъаз гӏадин, байбихьуда аваразги лагълъи гьабулаан бакъ-моцӏалъе, цӏвабзазе, цӏадуе, батӏи-батІиял тӏабигӏиял лъугьа-бахъиназе. Гуржиязул хъваялда буго Марванил бетӏерлъиялда гӏарабал магӏарухъе рачӏараб заманалда вукӏарав Абухосроца ханлъи гьабулин тушетияздаги, хунздеридаги ва гьел бакӏазул ки...
Хӏакъикъаталда кидал ва кин Авариялда Ислам дин тӏибитӏараб абураб суалалда сверухъ руго батӏи-батӏиял, цоцазде данде кколарел, кинаб битӏарабали цояб тӏаса бищизе захӏматал хъваял ва харбал. "Тарих Дагъистан" тӏехьалда буго Дербенталдасахун магӏарухъе бусурбабазул бо бачӏунеб Хӏ-Хӏl гӏасрабазда Авариялда ханлъун вукӏа...
Нинаца дарс хӏадур гьабичӏого букӏана, гьединлъидал гьелъ школалде инчӏого йикӏине къасд гьабуна. Лъимал цІалулеб мехалъ, тӏахьалгин къватӏазда сверулей йигони, лъалел гӏадамазда йихьизе гурин хӏинкъун, гьелъул хӏукму ккана балъго рохьое ине. Кагътилъ жемараб къадеквенги тӏахьалги гьелъ хъархъида гъоркь лъуна. Цинги цо...
Дагъистаналда дандчӏвала 350 батӏияб хӏинчӏ, гьездаса 60-гӏанасеб хӏинчӏ Багӏараб тӏехьалде босун буго. Анцӏ-анцӏ батӏи-батӏияб хӏинчӏалъ гӏумру гьабула Дагъистаналъул мугӏруздаги гӏатӏиракьалдаги. Хасго бищун гӏемер хӏанчӏи рукӏуна квине жо гӏемераб Гъизляралъул бугъазалда (Кизлярский залив). Нужеда лъалищ... мугӏрузу...
ХV гӏасруялда камиллъула Дагъистаналъул феодалиял пачалихъазда гьоркьор ругел гӏорхъалаби. Амма гьезул щибалъул бутӏруз хӏаракат бахъулеб букӏана, мадугьалихъ ругел ракьал гъорлъе цӏан, гьел гӏорхъалаби дагьалги гӏатӏид гьаризе. Гьеб рахъаль кӏвар бугеб документлъун ккола Аваразул хан Гӏандуникӏ-нуцалас вацасул вас Бул...
ХVI гӏасруялда Авариялда дагьалги щулалъана феодалиял гьоркьорлъаби. Гьел щулалъаралгӏан, гӏатӏилъаралгӏан, бечелъи ва улкаялъул кверщел кодоб бугезе хӏажалъана, цере рукӏарал гӏадатиял низамазул бакӏалда, жидерго мурадазде данде кколел законал ва къагӏидаби чӏезаризе. Авариялда гьеб хӏалтӏи тӏоцебе гьабуна Гӏумма-хан ...
Цо мискинчиясулги росдал дибирасулги хурзал цоцада аскӏор рукӏанила. Цо къоялъ хуриве арав дибирасда мискинчи вихьанила гӏанхрида ганчӏал речӏчӏулев. Щай, гьудул, дуца Аллагьас бижараб рухӏчІаголъи чӏвалебан мискинчиясда гӏайибал гьаризе лъугьанила дибир. Чӏвачӏого щиб гьабизейин гьаб телебан, хур кванан лъугӏизабулеб ...
Хунзахъ районалъул администрациялъул хӏаракаталдалъун, лъайкьеялъул ва маданияталъул хъулухъчагӏазул жигаралдалъун гьеб тадбир тӏадегӏанаб даражаялда тӏобитӏана. Фестивалалда гъираялда гӏахьаллъи гьабуна районалъул киналго росабалъа кӏудиязги гьитӏиназги. Гӏахьалчагӏи ва гьалбал цӏакъ рази хутӏана.
Надир-шагьасулгун гьабураб рагъул къиса (къокъго) 1741 соналъ гӏемерал ракьал кодоре росиялъ ва гьенир гьарурал вахӏшиял ишаз, дунялалъулго балагьан цӏар щварав, Ираналъул шагь Надирица нусазарго рагъухъанасдасан данде гьабураб аскаргун чабхъен гьабула Дагъистаналде. Гьеб букӏана Надирил Дагъистаналде лъабабилеб нухалъ...
Бищунго гӏамал берцинаб гӏалхул хӏайван буго чараб ритӏучІ. Гьелъул тӏогьилаб тӏомода тӏад хъахӏал гӏисинал тӏанкӏал руго. Ритӏучӏил руго гучал, хехал бохдул, гӏаркьахарал лълъурдул. Пахруяб бетӏералда гьел цӏакъ рекъон рукӏуна. Чараб ритӏучӏалъ кванала гӏалхул хер, гъутӏбузул тӏамах. Гьелъ гьекъола цӏорораб иццул лъим...
Цӏакъ бокьилаан эбел-эменги лъималги цадахъ хӏурматияв Хъайтмазихъ гӏенеккани, кӏудиязеги гьитӏиназеги тарих лъазабиялъе гӏемер пайда щвела.
Нилъеца, бищунго кӏудияб байрам-къо гӏадин, кӏодо гьабула Бергьенлъиялъул къо. Гьеб ккола тӏолго халкъалъул байрам. 1941-абилеб соналъул 22 июналда байбихьана немцазул фашизмалде данде гьабулеб Кӏудияб Ватӏанияб рагъ. Ватӏан цӏунулезда гъорлъ рукӏана Дагъистаналдаса киналго миллатазул бищунго лъикӏал васалги ясалги. Да...
Нилъер умумуз хӏалтӏизабулеб букӏараб харицел бекӏкӏунеб тӏагӏелалда цӏар буго рач. Рецул заманалда щибав вецарухъанас рокъоса магъилъе росулаан гьадинал тӏагӏелал: харицел рач квартӏа бахкен кванил таргьа лъел къвачӏа куракул лъим хартӏа тӏамулеб гъоркьтӏам. Гьел киналго руго вецарухъанасе рес гьечӏого къваригӏунел су...
Россиялъ Дагъистан кверде босизе байбихьилъун рикӏкӏине бегьула 1722 соналъ Петр I армиягун гьенибе бухьараб сапар. Гьелдаса нахъе, Россиялъул жанисеб ахӏвал-хӏалалда бан, цин хьадарлъун, хадубги цӏидасан хӏалуцун, Россиялъ кӏвараб жигар бахъула, Кавказалда цадахъ, Дагъистанги жиндирго кверщаликье босизе. Гьеб мурадалд...
Расул Хӏамзатовасул "Улбузул цӏарал ахӏун, цӏурмал кьабулел руго" абураб кечӏ цӏалулеб буго Болъихъ мухъалъул Гӏортӏаколо росдал школалъул цӏалдохъан Мухӏамадов Мухӏидиница.
Мухӏамад Нуцал-ханасул йикӏана кӏиго чӏужу. Гьезул цояй йикӏана Хайдакъалъул уцмиязул (ханзабазул) тухумалъул Баху абурай гӏадан. Бахуца Мухӏамад Нуцал-ханасе гьавула вас Гӏумма-хан (1761-1801 с.) ва лъабго яс. Гьезул цояй, Хъистӏаман, инсуца кьуна росасе Мухтулиялъул (Жунгуталъул) ханасе ва гьезие гьавуна Аваристаналъ...
Хӏалтӏичӏого кваналеб бакӏ батани, нижедаги лъазабе. Эменги васги рекьуда рукӏанила. Вас цеве вилълъунев вукӏанила, инсуца пурцигӏоркь ккун букӏанила. Васасда хӏалтӏи хеккого чӏалгӏанила. Гьес оцал рахъниса къватӏире ине толел рукӏанила. Эмен гьесде семулев вукӏанила. -Дида дур лъугӏиго гьечӏеб хӏалтӏи чӏалгӏана! – янг...
Авариялъул ханзабазда гьоркьов Гӏумма-хан вукӏана бищунго хӏалхьи лъаларев, мадугьалзаби рахӏаталда толарев ханлъун. Гьесул жигаралдалъун гӏемерго гӏатӏилъула Авариялъул гӏорхъаби ва ханлъиялъул цӏикӏкӏарасеб заман гьес тӏобитӏула цогидазде данде гьабулеб чабхъада. 1785 соналда Гӏумма-хан къоазарго бодуласул бетӏерлъия...
ЦІакъго багІарараб роол заман букІана. Совхозалъул бачал рохьоб бараб бокьор рукІана. Къалъул гІужалда бачазул бокьалда аскІоб бугеб гъотІода гъоркь рахІат гьабулей йикІана микьго сон барай Жамилат абулей цо яс. Цойидасан гьелда кІкІуйдул махІ чІвана. КІанцІун тІаде яхъана гьей ва дое-аниехун ялагьана… Гьелда бачазул б...
Сверухъ ругезе рокьи кьоларев, гӏемерго гьезул рахӏат хвезабулев чи вукӏиналъ, дагьал рукӏинчӏо Гӏумма-хан рихаралги. Гьез тӏамураз, кванилъе жубан загьру кьун, богун иргадулаб чабхъад унаго, Закаталаялда рещтӏараб бакӏалда Гӏумма-хан хола. Гӏумма-хан вукъун вуго Азербайжаналъул Закатала районалъул живго хварав Джар ро...
ХӏАНЧӏИЛ ГӏАКЪЛУ (маргьа) Цо чиясухъе дергелоян (козодой) абулеб хӏинчӏ кквезе щун букӏанила. Жинца дуда лъабго гӏакълу малъилин, биччан тейин жибан гьаранила гьелъ. Цӏулакьогӏанасеб гьалдаса дие гьалъ малъараб гӏакълуго лъикӏилан, разилъанила гьев чи. Хӏанчӏица гьесда малъанила, араб жоялда хадуб ракӏги барахщугейин, ...
(щуабилеб бутӏа) 1803 соналъул байбихьуда Россиялъул вакил-капитан Мешеряков гӏахьаллъараб жамагӏаталъул свериялда Султӏанахӏмад-хан гьедула Россиялъе ритӏухълъиялъе. Кьураб гьа щула гьабун, хъвараб къотӏиялда рекъон, Султӏанахӏмад-ханас тӏаде босула Россиялъул рахъ кколел мадугьалихъ ругел улкабазулгун рекъел цӏунизе ...
1797 соналъул 26 июналъ гьанжесеб Унсоколо мухъалъул Генув гьавуна жиндир бахӏарчилъиялъул цӏар тӏолабго дунялалдаго рагӏарав Имам Шамил. Шамил вукӏана жиндир тӏубараб гӏумру Аллагьасул дин ва Ватӏан цӏунизелъун кьурав. Шамил киданиги вахчичӏо хвалдаса. Гьелъие нугӏлъи гьабула гьесул кьалул гӏумруялъ, черхалда рукӏарал...
(анлъабилеб бутӏа) Тарихалда хурхарал цо-цо тӏахьал цӏалидал, ракӏалде ккезе бегьула Россиялъ Дагъистаналда билъанхъизабулеб колониалияб политикаялъул Аваристаналъул ханзабаз кидаго рахъ кколеб букӏанин. Амма гьединаб пикру, дир хӏисабалда, хӏакъикъаталде данде кколаро. Гӏурусаз Дагъистан жидерго колониялде сверизабизе...
Бищунго гьитӏиназе лъазабизе авар алфавит. Школалде иналде улбуз дагьабго тӏадчӏей гьабуни, лъималазе хадуб бигьалъила авар хӏарпалги гьез кьолел гьаркьалги лъазаризе
Дагъистаналда гӏадамазул хьвада-чӏвадиялъул, рукӏа-рахъиналъул гӏадатал цӏакъ цебе заманалдаго рижун руго. Гьелги рижун руго чиясул напс, гьесул тӏадегӏанлъи, вацӏцӏалъи цӏуниялъе гӏоло. Чияда цере багӏарлъизе ккезегӏан, хвей лъикӏилан рикӏкӏунеб буго магӏарулаз. Цо-цо росулъ хутӏун буго жидерго тухумалъул яги росулъа ...
Щиб росулъ тӏобитӏараб рохалилаб данделъи гьаб букӏарабали лъаларо. Бихьулеб буго Хӏамзатил Расулил 100 сон тӏубаялде гьабураб букӏин. Кӏудиязги гьитӏиназги гъираялда гӏахьаллъи гьабун буго. Росдал гӏадамаз рихьизарулел руго гӏадатал: бертадул, лъимер гьабиялда хурхарал, иццухъе гӏертӏал росун ин, свакарав нухлуласе лъ...
Хасалихълъиялъул къо букӏана. Кӏудадаги росулъе ун, гьев вуссиналде гӏакаги бечӏчӏун, болъодухъан яхуней йикӏана Насрудинил кӏодо. Гьелда рагӏана къункърабазул гьаракь, рикӏкӏадасан гьороца босун бачӏунеб. Гьебсагӏат танкан гӏодой чӏана Марям болъодул хӏокӏида. Гьадал къункърабазул гьаракьалъ гьелда ракӏалде щвезаруна ...
Къункъра - стерх, белый журавль. Цӏакъго къадар дагьлъиялда бан, Дунялалъулго Багӏараб тӏехьалде босун буго гьеб хӏинчӏ. Цо яги кӏиго хоно лъола къункъраялъ, амма их квачараб бачӏани, гьелъ цониги хоно лъоларо ва тӏанчӏи рахъуларо.
Гьадинаб гьечӏони пайда щиб лъимерлъиялъул Телефоназги компьютеразги махсароде кколел руго гӏемерисел лъимал. Лъималазе кколеб тарбия кьезе регӏун толел эбел-эменги гьечӏо.
1828 соналъ Дагъистаналъул тӏоцевесев имамлъун ккана Генуса Гъазимухӏамад. Гьес хӏукму гьабула, Аваристаналъул ханзаби жанир чӏараб тахшагьар букӏиналъ, кьаби Хунзахъ росдада щвезабизе. Хӏисабалде босун букӏуна ханзабазул гӏурусазулгун лъикӏаб гьоркьоблъи букӏинги, Аваристан кверде босани, Дагъистанги жиндаго хадуб цӏа...
Ассалам гӏалайкум, хӏурматиял. Рорчӏами киназего Гьаб канал буго гӏицӏго лъималазе пайдаялъе гӏуцӏараб ва бокьани, кӏудиязги пайда босизе. Цо дица ургъарабги гьечӏо гьаб, чанго чи тӏад рекъон, лъималазе пайда букӏинин ургъараб буго. Аслияб мурадги букӏана гӏун бачӏунеб гӏелалда лъалареб, школалдаги лъазе рес гьечӏеб ни...
Эбелалъ Хӏажиясе къотӏи гьабун букӏана, кӏудияв гӏураб мехалъ школалде витӏилин. Гьединлъидал Хӏажиясе бокьун букӏана хехго кӏудияв гӏезе. Гьес щибаб къоялъ эбелалда гьикъулаан: — Гьанже дун кӏудияв гӏун вуго гури, эбел. Жакъа цӏализе витӏиларищ? — Цо дагьавги кӏудияв гӏезе, хӏаракат бахъе, дир вас. Жеги гьитӏинго вуго...
Иргадулаб мугӏалимзабазул руцӏцӏеналда Цӏоралъул вакилзаби - Къокъазул Айдинил ва Ибрагьимов Бадрудинил кӏалъаял. Гьитӏинал аваразул эбел-инсуе насихӏат
Имам Гъазимухӏамад чӏвана 1832 соналъул 17 октябралда, пачаясул аскараз Генуб росу кодобе босулаго. Гьоркьоб гӏемераб заман иналде Дагъистаналъул кӏиабилев имамлъун вищана Гьоцӏалъа Хӏамзат. Хӏамзат вукӏана цо заманаялъ хундерил къади Нурмухӏамадида цеве цӏаларав, лъикӏ гӏараб мацӏ ва гӏелму лъалев чи. Хӏамзатил эмен К...
Цӏияб Гӏурада росдал ясли-ахалъул церерахъин. Рокъоб эбел-инсуцаги ясли-ахазда ва школазда нухмалъулезги кӏвар кьуни, бигьаго бицуна лъималаз рахьдал мацӏ. Хӏалчӏахъадал!
Нилъее хирияв РасулуЛлагьас (с.гӏ.с) тарал дугӏабаздаса цо-цо гьитӏинал дугӏаби ва къуръаналдаса аятал лъималазда малъизе.
Москва областалъул Королёв шагьаралда яшав гьабун ругел Хунзахъа Иманахӏмадовазул вас, 7-абилеб классалъул цӏалдохъан, Расулица кечӏ цӏалиялъул конкурсалда, нилъер кӏудияв шагӏир Хӏамзатил Расулил кечӏги цӏалун, босун буго кӏиабилеб бакӏ. Баркула РасулидаХаду-хадур бергьенлъаби гӏемерлъаги
Борохьги церги кӏудиял гьудулзаби рукӏанила. Цараца абунила: — Гьаб бакӏ лъикӏаб бакӏ гьечӏо, гьаниб кваназе жоги тӏагӏун буго, рачӏа гӏор бахун дорехун ина. — Дида гӏор бахине кӏоларо гури, — ян абунила борхьица. — Бачӏа, мун дир габуниб жеме, дица баччила мун, — ан абунила цинги цараца. Жемун габуниб борохьгун, цер л...
Нилъер умумуз хӏалтӏизабулеб букӏараб щагӏил ва маххул цӏарагӏ. Дад - гӏакдал рахьги жанибе тӏун, гьелъул щар (сливки, сметана) чӏвалаан, хадуб щар гьитӏинаб цӏадутӏа лъун, биинеги гьабун, гьелъул лъугьинабулаан нах (топлёное масло). Гиби - гьоцӏо, ххараб хьон, нах ва цогидабги нигӏмат цӏунизе. Хъаба - лъим, рахь, бета...
Дагъистаналда дандчӏвала 350 батӏияб хӏинчӏ, гьездаса 60-гӏанасеб хӏинчӏ Багӏараб тӏехьалде босун буго. Анцӏ-анцӏ батӏи-батӏияб хӏинчӏалъ гӏумру гьабула Дагъистаналъул мугӏруздаги гӏатӏиракьалдаги. Хасго бищун гӏемер хӏанчӏи рукӏуна кваназе жо гӏемераб Гъизляралъул бугъазалда (Кизлярский залив). Нужеда лъалищ... мугӏру...
Живго гьитӏинав гьунар кӏудияв, аваразул вас Гӏамир, гьаб видеоялда нужеда вихьулев, ккола Гӏахьвахъ мухъалъул Местӏерухъ росулъа. Гьесул эмен Черем, 2018 соналъ хъизан-лъималги рачун, гочун уна Англиялде яшав гьабизе. Гӏамирил вуго жеги лъабго вац, гьелги руго спортсменал. Гӏамирил футбол хӏазе бугеб гьунар бихьула ду...