text
stringlengths
121
51.8k
Дагь-дагь ккун адабият щулалъана ва, заманго инелде, рухӏияб адабият абураб цӏаралда гъоркь нилъеца кӏвар кьолеб хӏалалде бачӏана. Академик Хӏ. Хӏамзатовас хъвалеб буго: "Жакъа "рухӏияб адабият" абун нилъеца рехсолеб адабият ккола, тӏубанго эстетикияб ва художествияб хъулухъ гьабулеб ва диналъул тарихиябгун философияб ...
Гӏаймакиса Абубакарица (1711-17910) ва Кудалиса Хӏасаница (1718-1795) халкъалде вагӏзаби хӏисабалда хъварал назмаби жакъа къоялъги машгьурал руго. Гьезул берцинаб насихӏатияб мацӏги, инсуца лъималазе гӏадин ургъел батун, лъикӏ рукӏине бокьун бицунеб рагӏиги, киналго заманабазе рекъана ва магӏарул рухӏияб адабияталъул к...
Магӏарул мацӏ камил гьабиялда ва цоги мацӏал малъиялда тӏад гьарурал Дибир-къадил хӏалтӏаби руго магӏарул гӏелмабазда гъорлъ бищунго некӏсиял. Гьес гьарун рукӏана магӏарул ва азербайжан, магӏарул ва тум, магӏарул ва гуржи гьитӏиналго къамусал (словарал). Гьел хӏалтӏаби нахъе хутӏун гьечӏо. Кӏиго ва лъабго мацӏалъул луг...
Цоги Дибир-къадил буго, "Тӏалтӏиясул насихӏатал" абун гьанжесел гӏалимзабаз цӏар лъураб асар. (Тӏалтӏияв абун хъван буго Дибир-къадица жиндирго хӏалтӏабазда гъоркь. Гьелъул магӏна буго Хунзахъ Тӏалтӏа авалалдаса абураб. Гьеб авалги буго ханзабиги рукӏараб, росдал (хӏатта Аваристаналъулго) Бол-мажгитги букӏараб машгьура...
Гьеб марсияталда Гӏумма-хан вихьизавулев вуго ритӏухъав, лебалав, сахаватав чилъун. Хӏатта, рагъул сапараздаги гьес низам цӏуни ва зулму биччангутӏиги бихьизабулеб буго. Гӏумма-ханил хвел магӏаруллъиялъе кӏудияб ками букӏанин абулеб пикру буго асаралда аслияблъун. Аваристан цолъизабун гьеб гучаб пачалихълъун гьабизе до...
Магӏарул адабияталда жаниб Гӏумма-ханасе сайигъат гьабураб Дибир-къадил поэма-марсият ккола тӏоцебесеб рагӏа-ракьанде щвараб, камилаб асар. Гьеб байбихьулеб буго Тӏадегӏанав Аллагьасе рецц гьабиялдаса, хадуб бицунеб буго поэмаялъул багьадурасул гьунарал, гьес умматалъе гьабураб пайдаялъул, сверухъ ругел ракьазул бутӏру...
Художествияб адабияталда цадахъ Дибир-къадица цебетӏезабуна доб заманалда цӏакъ кӏвар букӏараб гӏажам хъвай-хъвагӏай. Гьес хъвана гӏемерал тӏахьал. Батӏи-батӏияб къагӏидаялъ (насх, настӏаликъ, шекаст) хъварал гьесул нусхаби нахъе руго жегиги. Хвана Дибир-къади 1817-абилеб соналъ. Гьесул хоб бугеб бакӏ лъалеб гьечӏо.
Дибир-къадил заманаялда магӏарухъ гӏумру гьабун вукӏана машгьурав гӏалимчи, лъабавго имамасул (Гъазимухӏамад, Хӏамзат, Шамил) мугӏалим, Гьаракӏуниса Сагӏид (1863\4-1834). Гӏемерал асарал гьечӏо нилъехъе щварал, амма адабияталъул кьучӏ лъурал асарал руго гьесул. Гьаракӏуниса Сагӏидица живго хвелалде хъван буго:
Аслияб къагӏидаялда гьел шагӏирзабазул асарал дидактикиял насихӏатал рукӏана. Дунялалъул дагьлъи ва хехго тӏаса ин бихьизабулеб буго ва гьелдалъун ахираталде къачӏазе ккеялде гьесизарулел мурад бугел. Гӏалимзабаз шигӏрабаздалъун насихӏат гьабулеб букӏана хӏалкъ шаргӏияб нухде ахӏиялъе, гьезул кӏвар буссун бугоан, гӏада...
Шаригӏаталда данде кколарел гӏадатал халкъалда жанир жеги гучалда рукӏана ва, кигӏан гӏалимзабаз вагӏзаби гьаруниги, букӏине кколеб хӏасил кьечӏолъиялъ, гьел (гӏадатал) тӏагӏинариялде данде ва цоги кӏвар бугел гӏемерал гӏиллабаздалъун, гъазават лъазабуна ХӏХ гӏасруялъул авалалда магӏарухъ диниял церехъабаз. Тӏоцебе гӏа...
Дагъистаналъул тӏоцевесев имам, Гъазимухӏамад гьавуна Генуб росулъ 1794 (1795) соналда. Инсул рахъалдасан гьев кколев вуго Гӏурадаса гӏалим Ибрагьим-хӏажиясул наслуялъул чи. Гъазимухӏамадил умумузул чанго наслу букӏана гӏалимзабилъун. Гьесул эмен гӏелму цӏаларав чи вукӏаниги, гьелда рекъараб гӏамал гьечӏев вукӏун вуго....
Гьитӏинго гӏелмуялда гӏамал рекъарав, шаргӏалъ малъухъе хьвадулев Гъазимухӏамадие инсул пишаги рекӏее гӏолароан. Инсуца жиндирго рагӏи гӏадахъ босичӏеб мехалъ, Гъазимухӏамад тӏокӏав эв вихьулеб бакӏалде вачӏинарилан, гьедун, росулъа къватӏиве уна, гӏелму цӏализе нияталда. Амма, кватӏичӏого эмен хванилан хабарги бачӏун ...
Цӏалун хадув Гъазимухӏамад вахъуна къвакӏун шаригӏат ккурав, амру-нагью гьабиялда тӏадчӏарав, бечедав мискинав, залимав-загӏипав ватӏа гьавичӏого киназдаго рекъараб насихӏат гьабулев гӏалимлъун. Гьебго заманалда Дагъистаналда загьирлъула накъшубандияб тӏарикъаталъул устар Ярагъиялдаса Мухӏамад-апанди ва гьес ижаза кьур...
Имам вукӏана назму-вагӏзаялъе пасахӏатав чи. Гьаб назмуялдаса бихьулеб буго кигӏан махщалида гьес шигӏрияб коцониб гӏелмияб вагӏза рекъезабун бугебалиги. Гьединаб баянги кьолаго, Гъазимухӏамадица байбихьана халкъ шаригӏаталде ахӏизе. Амма бакӏазда ругел тӏадчагӏазе рекӏее гӏолеб букӏинчӏо цӏияб низам ва байбихьана жеги...
Гъазимухӏамад-имамас байбихьараб гъазаваталъ магӏарул адабияталдаги цӏияб гьумер рагьана - гӏелмиял темаби, пикраби шигӏрияб къагӏидаялда загьир гьабизе лъугьана. Кинаб бугониги шаргӏияб хӏукмуги гӏалимас назмуялдалъун баян гьабуна. Гьединго Кавказалъул рагъул соназдаги гьеб лъугӏун хадубги магӏарухъ тӏоритӏун рачӏана ...
Къарахъа Мухӏммад-Тӏагьир вукӏана ичӏго соналъ имам Шамилие мирзалъун хъулухъ гьабурав гӏалим. Кавказалъул рагъазул хӏакъалъулъ кодоре щварал асаразул бищун камилаб ва мухӏканаб буго Къарахъиясул "Барикъату суюф аль жабалийа фи багӏд аль гъазават аш-Шамилийа"- абураб тӏехь. Гьеб гуребги чанги шаригӏаталъул баянал кьура...
Хӏуригат бахъилелде магӏарухъ гӏараб мацӏалда тӏиритӏун рукӏана киналго гӏелмаби: философия, адабият, мантӏикъ ва цогидалги. Гьелъие нугӏлъи гьабула, магӏарул адабияталъул халгьабулаго, гьениб гӏараб мацӏалда хъвараб адабияталъ гӏезегӏан бакӏ кквеялъги. Гӏараб мацӏалда жидерго асарал нахъе тана Гӏурадаса Муртазагӏалица...
Тӏоцересел асарал цӏалидал, гьел ратула киналго гӏадин диналъул аслаби лъазариялде, гӏадамасул хасият лъикӏлъизабиялде, ай Къуръан - хӏадисалдаса ва свалат салам лъеяв Аварагасул гӏумруялдаса росарал темабаздасан хъварал. Гьезда гьоркьор руго: Чӏохъа Гӏабдулагь-хӏажиясул "Уммул баян", Гӏободаса Сиражудинил "Бустан Авар...
Дагь-дагьккун гӏатӏилъана "рухӏияб" абун цӏар тараб адабияталъул тематика. ХVӏӏӏ гӏасруялда раккана тарихиял темабазда хъварал асарал. Хунзахъа Дибир-къадица (1742-1817) хъвана "Гӏумма ханиде"- абураб поэма, Миякьоса Гӏумар-хӏажияс (1849-1921) "Аварагзабазул къисаби", Инхоса Гӏали-хӏажияс "Макка бахъи", "Дагъистаналъул...
Хъварал асарал тӏиритӏиялъе бищунго захӏматаб суал букӏана кагъат къанагӏаб заман букӏин ва щибаб тӏехь квералъ хъвазе ккей. Гьедин бугониги гӏалимзабаз назмияб рахъалде цӏакъ кӏвар кьолеб букӏана, ва гьез исламалъул кьучӏалда гӏуцӏана гӏараб ва магӏарул мацӏазда адабият. Халкъалда гьоркьоб адабият тӏибитӏиялъе ва цебе...
Гьединлъидал нилъеда чӏезабизе кӏола Дибир-къадица бахъараб гӏажам алиф магӏарулазул миллияб хъвай-хъвагӏай букӏин". Филологиял гӏелмабазул доктор Чакар Юсуповалъ хъвалеб буго: "Анцӏ-анцӏ соназ Дагъистаналъул гӏалимзабазул чанго кьер цӏикӏкӏараб хӏаракатчилъигун хӏалтӏана нилъерго миллияб хъвай-хъвагӏай гӏуцӏиялда тӏад...
Диниял асарал абун гӏемер соназ цӏализе гьукъун рукӏаниги, Инхоса Гӏали-хӏажиясулги, Миякьоса Гӏумар-хӏажилги ва цогидазулги асарал машгьурал рукӏана халкъалда гьоркьор. Масала, Гӏали-хӏажияс динияб адабияталда цӏияб рухӏ лъун, гьеб цебетӏеялъе цӏиял нухал рагьана, ругел гӏатӏид гьаруна. Гӏали-хӏажияс кьучӏ лъуна мавли...
Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Ахӏмадовас хъвалеб буго: "Анцӏила ичӏабилеб гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъи Инхоса Гӏали-хӏажиясул гьунаралъул бакъалъ къалъизабураб, "гӏакълудул ралъадалъ" бечед гьабураб, рокьул шигӏрабаз пана гьабураб, сатираялъул кучӏдуз кантӏизабураб, насихӏатиял назмабаз заман рагьараб, кицаб...
Гьединго Гӏумар-хӏажил буго "Къисас ан-набия" (Аварагзабазул къисаби) абураб тӏоцебе магӏарул мацӏалда хъвараб эпикияб асар. Гӏумар-хӏажиясул ирсалъул халгьабидал гьенир гӏицӏго диниял асарал гурони ратулел гьечӏо. Гьелъулъ буго гьесул Инхоса Гӏали-хӏажиясдаса батӏалъиги. Гӏали-хӏажи адабияталъул классиклъун вуго, Мияк...
ХХ гӏасруялъул авалалда магӏарул адабияталда загьирлъана цӏиял цӏарал, жидер рухӏияб ирс халкъалъе хазиналъун ругел. Темир-Хан Шураб М. М. Мавраевасул басмаханаялда къватӏире риччарал тӏахьаз нилъее машгьур гьавуна Гӏободаса Сиражудин (1868-1914). Гьесул адабияб ирс батӏи-батӏиял жанрал хасиятал руго. Жанралъул рахъалъ...
Гьигьалъа Гъазимухӏамадил вас Мухӏамад Хӏусайнияс (1835-1935) бечед гьабуна магӏарул адабият, поэзиялъул ва прозаялъул жанразда хъварал асараздалъун. Гьес хъвана жакъа къоялъги халкъалда гьоркьор машгьурал мавлидалги назмабиги. Аварагасул гӏумру баян гьабураб "Къалаиду жавагьир..." абураб эпикияб асар нахъе тана Багину...
Рухӏияб адабият цебетӏеялъе квербакъарал киналго гӏалимзаби шагӏирзабилъун ратулел руго– цо-цониги назму, турки камулеб гьечӏо гьезул гьунаралъулъ. Гьанир нилъеца рехсана гьезул цӏикӏкӏун ирс нахъе таразул цӏарал. Битӏун тӏахьал басмаялда рахъизеги асарал хъваялъе санагӏалъабиги ккараб ХХ гӏасруялъул авалалда Дагъистан...
Кигӏан хӏукуматалъ кӏваркьун тӏагӏинабизе лъугьаниги, рухӏияб адабият лъугӏичӏо ва, Совет Союз (1991с.) биххаралдаса хадуб бечелъун, цӏилъун бачӏана. Изну щвана хӏукуматалъул басмаялда, газет-журналазда рухӏиял асарал рахъизе. Гьединго радио-телевидениялдасан рес кьуна гӏалимзабазул хӏакъалъулъ бицине, вагӏза-насихӏат ...
Къватӏире рачӏана цере рукӏарал асарал, гӏажамалдаса кирилицаялдеги руссинарун. Гьедин, Инхоса Гӏали-хӏажиясул "Макка бахъи" абураб турки 1990 абилеб соналъ бахъана "Сабаб" журналалда. Гьеб букӏанин абизе бегьила, рухӏияб темаялда ругел асарал гьанжесеб хатӏалдаги хъван, къватӏибе бахъиялъул тӏоцебесеб гали. Рухӏияб ад...
Басмаялда рахъизе байбихьана цересел гӏалимзабаца гӏараб мацӏалда хъван рукӏарал тӏахьалги. Гьел магӏарул мацӏалде руссинариялъ кӏудияб асар гьабуна Дагъистаналда ислам цӏилъиялъеги. Жалго гӏалимзабазги хъвана вагӏзабазул, исламалъул аслабазул баян кьурал тӏахьал. Гьелъие цӏакъ кӏудияб жигарчилъи бихьизабуна Къурамухӏа...
Бищунго гӏемер рухӏияб темаялда тӏад хӏалтӏарав, гьелъул халкъалъе бугеб хӏажалъи бичӏчӏарав, кӏвахӏ гьечӏев автор вуго устар Чӏикӏаса Сагӏид-апанди. Гьес нахъе тараб ирс анцӏго жилдалде данде гьабун буго: "Назмаби" - кӏиго жилд, "Аварагзабазул къисаби" – кӏиго жилд, "Къуръаналъул ахӏуде гӏавамал кантӏизари", - ункъо ж...
1990 абилел соназдаса хадуб магӏарул цо-цо хъвадарухъабазги байбихьана рухӏияб темаялда хъвадаризе. Ккана тӏуранго динияб темаялде руссарал шагӏирзабиги Махӏмуд-Апанди ва Машидат Гъайирбекова гӏадал. Гьезда гьаб рахъалдаги рагӏи абизе бажарана, ватана жидерго цӏалдолев. Махӏмуд-Апандияс хӏалбихьана мавлид хъвазецин. Ха...
Гьаб буго Мухӏамад Ахӏмадовасул кочӏолъа цо кесек. Гьединал гӏезегӏан кӏучӏдул руго Мухӏамадил асаразулъ. Гьев вуго магӏарул поэзиялда патриотикиябги рухӏиябги тема цоцада хурхараб, бухьараб букӏин бихьизабурав шагӏир. Цояб билани цогидалги чучлъулеблъи бихьизабулеб буго гьес жиндирго асаразулъ. Бищунго цӏакъ гьел данд...
Махӏмуд-Апандиясул гьаб къагӏида (авторас жиндего хитӏаб гьабулеб) жеги магӏарул адабияталда машгьурлъичӏеб цӏалулезе цӏияб жо буго. Дунялалъул поэзиялъени гьеб машгьураб ва къабул гьабураб буго. Хасго кӏудияб бакӏ ккола гьелъ бакъбаккул халкъазул некӏсиял ва гьоркьохъел гӏасрабазул поэзиялда. Хосрови, Руми, Сагӏади ва...
Нилъер заманалда руччаби-хъвадарухъабазги ккун буго цо жидеего хасиятаб бакӏ рухӏияб адабияталда. Тӏоцее гьеб темаялдехун юссун, гьеб жиндирго поэзиялъул аслияб нухлъун гьабуна Машидат Гъайирбековалъ. Гӏезегӏан чӏахӏи-чӏахӏиял асарал – поэмаби хъвана гьелъ: "Имам Шамил", "Чӏикӏаса Сагӏид-апанди", "Гьонодаса Мухӏамад-Ам...
ХХӏ гӏасруялъул авалиял соназде магӏарул шагӏирзаби лъугьана гӏадамасул гӏамалал (ахлакъал) берцин гьариялъул темаялда хъвадаризе. Гьеб тема буго магӏарулазе кидаго диналда бухьарабги. Гӏадлу, яхӏ, намус, иман, нич – буго исламалъул мурад. Гьелде халкъ ахӏулел асаралги нилъер миллаталда къо банагӏан цӏикӏкӏунел руго.
Гӏажаибаб къисматалъул чи вукӏана Ражаб Динмухӏамаев – жамгӏияв хӏаракатчи,хъвадарухъан, рагъухъан, патриот, бахӏарчи. Революциялда хадусеб авар литератураялда гьес хъвана тӏоцересел прозаялъул асарал, хӏалбихьана драматургиялъул асарал гӏуцӏизе, гӏахьаллъи гьабулаан литература цебетӏезабиялда хурхарал киналго ишазулъ....
Ражаб гьавуна 1905 соналъ Лаваша районалъул Урма росолъ мискинав векьарухъанасул хъизамалда. Гьесул лъимерлъи захӏматаб букӏана. Эмен, чиги чӏван апараглъун вахъун, гьесда цадахъ ункъо сон барав васги гӏурус ракьалде къокъине ккола. Гьел рукӏуна Орловадда, Тулаялда, хадуб Петербургалда. 14 сон барав васгун унти ккарав ...
Граждан рагъ лъугӏун хадуб Ражаб цӏалула Темир-Хан-Шураб букӏараб школа-интернаталда. Цӏалудаса хадуб гьес цӏикӏкӏараб хӏалтӏи гьабула Хунзахъ районалъул комсомол организациялъул секретарь хӏисабалда гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьеялъулъ. Гӏолохъанав гӏуцӏарухъанасул махщел ва жигар бихьун, гьев витӏула Москваялде Ба...
Ражаб Динмухӏамаевас хъвадаризе байбихьараблъун рикӏкӏуна 1926 сон. Гьесул тӏоцересел асараллъун рукӏана къокъал харбал, очеркал, макъалаби, фельетонал. Гьезда гьоркьоса рехсезе бегьула " Цеве аллагь, хадув рос", "Къанал чӏваяв Къади", "Рабият" ва гь. ц. Рехсарал асарал художествоялъул рахъалъ жеги камиллъичӏел, загӏип...
1929 соналъ къватӏибе биччараб "Бидухъ би" абураб къисаялда какулеб буго бидухъ рецӏел босиялъул некӏсияб гӏадат, бицунеб буго цӏакъго пайда гьечӏеб жо сабаблъун кӏиго хъизамалда гьоркьоб бидулаб тушманлъи ккеялъул. Доб мехалъ гьеб къиса магӏарулазда гьоркьоб машгьураб букӏана, гьелдасалъикӏаб букӏинчӏелъул. Амма гьелъ...
30-абилел соназ Дагъистаналда цӏияб гӏумру ва адабият гӏуцӏиялъул хӏалтӏабаз лъикӏал хӏасилал кьола. Киналго хъвадарухъаби цолъула жидерго цо союзалде. 1934 соналъ гьелъул членлъун лъугьана Ражабги. Гьебго соналъ тӏобитӏула Дагъистаналъул хъвадарухъабазул тӏоцебесеб съезд. Делегат хӏисабалда гьес гӏахьаллъи гьабула Мос...
Лъеберабилел соназ Динмухӏамаевас хъварал асаразда гьоркьоб лъикӏаблъун рикӏкӏине бегьула "Галинал гьалбал" абураб хабар. Гьениб берцинго бихьизабун буго гӏурус яс, учительница Галинал сипат-сурат, гӏамал-хасият. Цӏалдохъабазе ва херал магӏарулазе гьей цӏакъ йокьула. Амма гьелъулгун гьелгьел рокьи гьабизе жигар бахъула...
Рос-лъади Гӏалилги Рукъиятилги цӏакъ язихъаб яшав букӏуна. Къарзалъе босараб сахӏ цӏоросаролъухъ гьел рухӏ бичун Пайзулагьида цере хӏалтӏула. Гьале гьеб сурат бихьизабун бугеб куц: "Хасало къарзалъе босараб цӏоросаролъул ханждахъ, Гӏалиги Рукъиятги Пайзулагьил росдадаса, лъималаздаса рикӏкӏадаб ролъул хурир лъилъарулел...
Гӏалица гӏемер пикру гьабулаан щай гьаб гӏумру цоязе гьадигӏан захӏматаб бугеб, цогиязейин абуни кепаб, аваданаб бугебилан. Мискиназ гьабун, бечедаз кунеб кинаб гӏадат гьаб?! Гьесда жаваб батулеб букӏинчӏо, бечедаздехун рокьукълъи цӏикӏкӏунеб букӏана. Цо нухалъ хуриса рокъове вачӏунев вукӏаго, Гӏали Пайзулагьица хӏакъи...
Щвараб лъайги, гӏумруялъул хӏалбихьиги Гӏалица хӏалтӏизабула росдал гӏумру хисизабизе. Граждан рагъ байбихьараб мехалъ гьев партизаназда цадахъ вагы.зе уна. Гьеб бакӏалда Гӏалил гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицен лт Vгӏула. Аслияв геройлъун лъугц а рагьтӏател Мухӏама. Гьев вищу Iа росдал бегавуллъун. Росулъе бг дал рачӏараб...
С.26.– Дуца рагӏи кьун букӏана дихъе дурго "Хъабчилъ бахӏарзал" роман гӏурус мацӏалде буссинабизе биг Iизе. Дица бицен гьабуна редакциязда, издательствабазда, кирго цуца роман бачӏиналъухъ кӏудияб гъираялда ралагьун руго. Цохӏо дур рахъ гурелъул хӏасабадде босизе кколеб, кӏвар буссинабизе ккараб жо буго гьанжелъизегӏан...
Пасынковас гьарулеб буго тӏехь битӏеян, кинаб бокьаниги кумек гьабилин. Амма Ражаб гӏедегӏулев вукӏинчӏо гьесда лъалаан романалъул гӏунгутӏаби, гьел тӏагӏинаризе ккани, гӏемер хӏалтӏизе кколевлъи. Кин бугониги, гьудуласул гьари тӏубазабун, жиндицаго гӏурус мацӏалде буссинабун "Хъабчилъ бахӏарзал" роман Ражабица Пасынко...
Амма хӏикмалъабазул бицунеб литератураялъул мугьруги букӏана. "Ражаб, – ан абуна дица, – мун вижудасаго кӏудияв хъвадарухъан вуго, амма дуца дурго квералъ чехь бихъун буго романалъул". Цо соналдасан Динмухӏамаевас дихъе кьуна цӏияб романалъул тӏоцересел бутӏрул. Гьес абуна: – "Шолоховасул асарал тӏатӏа вуссун цӏалана, ...
Романалъул цӏияб вариант гьечӏин абураб пикру букӏана гьал ахирал соназде щвезегӏан. Амма къачӏараб тӏехь гӏурус мацӏалда нахъе хутӏун батана. Гьелъие кьун буго батӏияб цӏар, "Гӏинтӏидул тӏегь" абун. Гьеб цӏакъ гьайбатаб цӏар буго. Унго-унгояб гӏинтӏидул тӏегь зазил цӏураб букӏунеб гӏадин, унго-унгояв бахӏарчиги цо-цо ...
Цӏакъго лъикӏ хъван буго "Хиянатчи" абураб къиса. Киналго рахъаздасан гьеб рикӏкӏине бегьула камилаблъун. Гьениб бихьула хъвадарухъанасул жиндирго хатӏ, сипатал кьезе ругел хаслъаби, магӏарул тӏабигӏат, инсанасул хасият лъай. Къисаялда бицен гьабураб иш ккола магӏарухъ рагъул соназда. Гьелъул аслияв герой Хӏосен-дада у...
Ражаб вукӏана кӏудияв патриот, литератураялда гӏуцӏарал бахӏарчиял героязул иш гьес жиндицаго гӏумруялда такрар гьабула. (С.27) Тифлисалда офицерзабазул школаги лъугӏизабун, гьев 1943 соналъ рагьде уна. Махӏачӏъалаялъул вокзалалда гьев тӏовитӏулел рукӏана Хӏамид Темирханов – машгьурав переводчик, Шигьабудин Микагӏилов ...
Украинаялъул фронталда гьев кколаан капитан, батальоналъул комиссар, полкалъул агитатор. Гьев гӏашикъ вукӏана рагъул хӏакъалъулъ хӏасратаб асар хъвазе. Рагъдаса рачӏарал кагътал цӏалулаго нилъеда цебе чӏола гьайбатав инсанасул, рагъухъанасул, патриотасул сипат. 1943 соналъул 10 ноябралда гьес хъвалеб букӏана: "Дица гӏа...
Ражаб кинав чи вукӏарав ва кин гьев тушмангун вагъаравали нилъеда бихьула гьес гӏагарал-божаразухъе рокъоре хъварал кагътаздасан. Гьале Тифлисалда рагъулабгун политикияб училишеялда цӏалулеб мехалъ росулъе хъвараб кагътидаса мухъал: "Хирияй эбел, дун тӏад чӏун цӏалулев вуго, Ватӏаналде къо ккун къватӏиве вахъун вугелъу...
Рокъобе хъвараб щибаб кагътида гьес росдал хӏал-хӏукму цӏехолаан. Гьале Ражабил эбелалъухъе бачӏараб ахирияб кагьтидаса мухъал: "Гьабсагӏат ниж кутакалда рагъулел руго тушмангун ва гьесда кьаби щвезабулел руго. Нужеда рагӏила нужерго васасул гьунар, гьеб букӏина гӏагарал къоязда. Хьулги буго гьаб кагътие нужер жавабга ...
Гьале дица рагьулеб буго магӏарулазул шагӏир Жабрагӏил Хӏасановасул "Пашманаб къиса" абураб абураб кучӏдузул тӏехь. Гьелда Жабрагӏилица гьадинаб тӏадхъвай гьабун буго: "Дир гьудул Ахӏмадов. Гьал рагӏабаца загьир гьабичӏеб цойги дица дуда щибин абилеб? Жабрагӏил". Шагӏирзабазул щагӏирзабазда гьоркьор гьудулзаби дагьал р...
Жабрагӏил вукӏана магӏарухъ гӏурав магӏарулазул шагӏир. Гьесул кочӏолъ цолъун рукӏана киналго магӏарул классиказул лъикӏалщинал рахъал: Гӏали –Хӏажил иллагьияб нур, Махӏмудил панаяб хьухьел, Хӏамзатил хӏеренаб гьими, Расулил шигӏрияб къуват, Гӏабасил Махӏамадил сабураб гӏакълъу, Гӏумар-Хӏажил рекӏел гьалдей.
Гьединлъидал дида ракӏалде щола Гӏумар-Хажил гьадинал рагӏаби: "У, дунги, дир умумулги дир умумузул умумулги гӏуна гьал мугӏрузда, Дагъистаналда. Гьеб буго дир ватӏан. Дунял щай хӏайранлъизе, гӏажаиблъизе гьабураб дир умумузул Дагъистаналъул бахӏарчилъиялъ? Щай гурелъул гьез жидерго ватӏан гӏуцӏичӏо гӏицӏго анищаздасан...
Ватӏаналда сверухъги рекӏеда сверухъги рухӏалъул бухӏиялъул цӏадуда сверухъги гӏуцӏараб поэзия букӏана ва буго Жабрагӏил Хӏасановасул. Гьесул анищалги хиялалги хутӏана магӏарул ракьалда, магӏарул мацӏалда, магӏарул зобазда. Гьесул къисматалъул пашманаб къиса халкъалъухъе щвана шигӏрабаз цӏунун, шигӏраби гӏадамаз цӏунун...
Шахтамановас абухъе: "Мугӏрузда гӏурал гӏадатиял чагӏи руго ниж. Кечӏги нижерго буго, бакъанги нижерго буго. Бакъназе тӏамурги нижерго буго. Тӏамур хъван кечӏ ахӏизе ватӏанги нижерго буго. Амма нижеца кечӏ гӏицӏго кочӏое гьунар бихьизабизе гуро ахӏулеб. Нижеца кечӏ ахӏула рагӏаби абизе, чед гӏадин кечӏги нижеца дунялал...
Щивав шагӏирасул буго жиндирго заман. Шагӏирас замана тӏаса бищуларо, заманаялъ шагӏир тӏаса вищула, жибго лъазабизе, рагьизе, рогьоги, намусги, бахӏарчилъиги, къадарлъиги, къадруги, ничги, берцинлъиги, сурукълъиги, лъикӏлъиги, квешлъиги, ритӏухълъиги, хиянатги, хвелги, хвелгьечӏолъиги заманаялъул кочӏолъ хутӏизе. Гьеб...
Бакълъухъ росулъа гьединав бакъ гӏадинав шагӏир магӏарулазда кӏочене гьечӏо. Ахиралда абизе бокьун буго: – Жабрагӏил Хӏасановасул кучӏдул цӏаларал магӏрулал рохизе на риххизе руго. Рохизе руго гьелъулъ бугеб бацӏцӏадаб, роцӏараб поэзиялъул мацӏалдасаги, цӏар бахъарабго ракӏалда чӏолел жугьабаздасаги, магӏарул миллаталд...
Жабрагӏил Хӏасановасул гьунаралъулъ буго хӏеренаб гьимиги, гьуинаб махсороги, рокьул цӏвабиги, рокьукълъи къезабулеб хинлъиги, лъикӏлъиялъул лъалкӏалги, лъаялъул дарсалги, дунялалда гӏадамазе кьураб гӏумруялъул магӏна лъайги, магӏарул кочӏол рорженалда рекъон ккейги, рукъалъул ургьел дунялалалъул ургъеллъун лъугьинабиз...
Гӏалимчи Прометей вуго дун, магӏаруллъиялъул бахӏарчи Цилгӏин. Бигьаго магӏишат гьабизеги цӏа хӏалтӏизабизеги малъана дица греказда. Аза-азар гӏелмиял цӏирагьияздалъун гӏадамасул гӏумру жеги берцинаб ва талихӏаб лъугьинабизе бокьун къеркьана дун. Гӏаданго гурев чи вуго гьадав Зевс. Гьесие рекӏее гӏечӏо къоялдаса къоялд...
Гьитӏинкилщаз тӏутӏун рана Цилгӏиница Прометей вухьарал Зевсил риццатал ва ракӏал рахсал. Греказул багьадурги гъежтӏа лъун, хех гьабун къокъана кьурулъ гӏанлъараб аваразул гӏулдузул Къвакӏиросу шагьаралде. Квер даруял магӏарулазул тохтурзабаз чанго сагӏаталъ операция гьабуна Прометейил тӏулае. Магӏарул хурдузул хӏикмат...
Гьединаб ракӏгъеялда ва цоцазе пайдаяб мушавараялда магӏарулалги грекавги рукӏаго, мех-мехалда тӏаде гӏунтӏулаан Гермесилан, Гефестилан ва гьезда релълъаралги цӏаразул таманал Зевсил рагъухъаби. Магӏарулазул гӏулдул Цилгӏин, Бахӏарчи, Гъутӏбирачч ва цогидалги данде рахъиндал, зулмуяв Зевсил гьеб хочоаскаралъул кодобе б...
Тӏокӏав вукӏинаревгӏан вахӏшияв зулмучи кколин Зевс, "цебетӏураб" Европаялда гьединав пиргӏавн тезе бегьуларилан, рачӏине ругел гӏасрабазде Гаагаялде ва Страсбургалде гӏарзаби хъвана Прометейица. Шушбухъ къазарурал кагътал океанал тун рачӏаниги, гьесул рисалатазе жаваб щвечӏо. Къвакӏиросдал рагӏаллъуда бугеб Тӏалдабайд...
Зевсидаса жив цӏунараб магӏарулазул пачалихъалда цеве жив налъулав вугилан гӏемер абулаан Прометейица. Гьев пиргӏавнил "ПРОялдаги" "цӏвабзазул аскаралдаги" махӏниги гьабизе кӏвечӏо аваразул улкаялъул боязда данде. Сиясияв эмигрант хӏисабалда чанго сон тӏамуна Прометейица магӏарухъ. Жиндир кверщел бугеб ракьалда Зевсица...
Цӏакъ лъикӏал гӏадамалги ругила магӏарулал, гучаб пачалихъги бугила нужер, амма жив гьавураб Элладаялде цӏакъ ракӏ щун бугин жиндирилан гӏузру баккана цо заманалда греказул гӏалимчиясул. Тӏаде ахӏарав Зевсил витӏунчиясги абуна, пиргӏавнил ццин гӏодобе буссанила, Прометей лъикӏ къабул гьавизе гьес рагӏи кьунилан. Ватӏан...
Гьелдаса дагьаб заман иналде Эсхилил тӏехь цӏализе щвана Цилгӏинихъе. Царал гӏамал хисуларелъул, Зевсица цӏидасанги гуккун вугоан Прометей. Кавказалъул цоги кьурда варав гьев ракьул тӏинде вортизавунилан хъван буго Эсхилица. Цилгӏинида мухӏканго лъалаан кӏиабизеги Магӏаруллъиялъул кьурда Прометей вазе Зевсил "даци" гӏо...
Рос кьижун вукӏиналда ракӏчӏарабго, Роза бигьа гьаюн ана гьалбадерил рокъое. Матӏуялда цее лъалхъидал, гьелъухъ гьенисан балагьун бугоан хӏалакъаб, кьер тӏураб гьумер. Щибго хутӏун гьечӏоан гьелъулъ цее йикӏарай берцинал, гӏурччинал беразул, хъахӏаб, гургинаб гьумералъул ясалдаса. Лъикӏго кодоб хенезеги гьабун, магнито...
Щакдарулевищ? -Гьедин батани, йокьулей йихьула. Лъаларо дида дов,-илан Розаца тӏоцебесеб нухалъ Камилие гьереси бицана. Кинха гьесда бицинеб букӏараб къойилго абизе гӏадамал ритӏун, кагътал хъван гьелда хадув чӏарав чи Мухтар вукӏин. Гьаб рокьи ккаразул хабар халалъизе бегьилаан чанго талихӏаб соналъ, къисматалъ жиндир...
Аварияги ккун, инвалидазул коляскаялде вухьана Мухтар. Гьанже байбихьана ясалъе унго-унгояб гӏазаб кьезе. Мухтарил кагътал хисана гьесул эбелалъул къойилго ячӏиназдалъун ва гьелъул гӏодияздалъун: "Хвезе тоге, дир яс, Мухтар. Гьесул гӏ умруялъул нур ссун унеб буго. Дуда кӏола гьесие кумек гьабизе. Тохтурзабаз абуна гьес...
Гӏолилав циндаго вуцӏцӏун чӏана, гьесда кинабго бичӏчӏана ва тӏадеги вахъун, гьев нахъе ана. Гьанже Розада бихьана скамейкаялда Камилида кӏочон тун хутӏараб багӏараб кӏуни. Гьелда жаниб бугоан гӏинтӏидул тӏегьалъул сипаталда гьабураб меседил баргъич. Хадуйги екерун, ясалъ гьеб Камилихъе бегьана: -Дуда кӏочон тана...
Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабасил Махӏамад хваралдаса исана тӏубана ункъо сон. Гьесул хабаде щвезе, Къулгьу-Алхӏам гьабизе ва жамагӏаталъул зикруялда гӏахьаллъизе 19 октябралда магӏарул хъвадарухъаби щвана Хунзахъ мухъалъул Лъагӏилухъ росулъе. Гьенир рукӏана Халкъиял шагӏирзаби Мухӏамад Ахӏмадов ва Мухӏамад Хӏамз...
Гӏабасил Махӏамад гьавуна 1932 абилеб соналъ Лъагӏилухъ росулъ. Тӏоцебесеб кучӏдузул тӏехь гьесул басмаялде бахъана 1965 абилеб соналъ. Гъваридаб мацӏги магӏаруллъиялъул тарих лъаялъги гьев хехго къабул гьавуна халкъалъ. Гьелдаса хадуб гьесул цӏакъ гӏемерал тӏахьал рахъана басмаялда. Киналго жанразда, ва темабазда хъва...
Гӏабасил Махӏамад вукӏана гьалбал хирияв, гьудулзаби гӏемерав ракӏ гӏатӏидав чи. Гьесул рокъоб кидаго цӏа сун букӏунароан, нуцӏаги рагьун букӏунаан. Гьелъ батила гьес миллаталъе нахъа бищунго гӏемерал гӏадамал рачӏунеб музей бан тараб. Гьеб музеялъул тӏалаб-агъаз гьанже районалъул нухмалъиялъ гьабулоеб рагӏула, бокьила...
Чӏанкӏал шигӏрабазул хӏакъалъулъги, гьесул гӏумрудул хӏакъалъулъги гӏемер хъвана, бицана, бицинеги буго. Амма, цо гъорлъе ваккун гьесул гӏумруялдаги, гӏелмуялдаги, шигӏрабаздаги тӏад хӏалтӏулев, гьелъие гӏумру кьолев гӏалимчи жеги вахъинчӏо. Хьул буго. Гьесие гӏемераб, тӏубараб гӏумруялъе гӏураб, хӏалтӏи бугоан гьабизе...
Гьанже, кин букӏаниги, Бакьайчӏиса Чӏанкӏа гьавуралдаса ӏ50 сонги бан бугелъул, нилъее щвана кӏудияб багьана гьев бергьарав гӏалимчи ва шагӏир кӏодо гьавизе. Республикаялъул бетӏер Рамазан Гӏабдулатӏиповас жиндирго Указалдалъунги лъазабуна киназдаго Бакьайчӏиса Чӏанкӏаца ӏ50 тӏубай чара гьечӏого нилъеца гьабизе кколеб ...
Метер, 23 июлалъ, бекьечӏдерица киналго ахӏулел руго Чӏанкӏаца гӏумру гьабураб рукъги бихьизе, гьев хьвадарал къваридал къватӏалги рихьизе, Чӏанкӏацаги Махӏмудицаги как ахӏараб мигӏмароги бихьизе, гӏемерал гӏалимзаби шагӏирзаби жанир рахъараб бекьечӏдерил жамагӏатги бихьизе, Шамилил заманалда аваристаналъул муфтийлъун ...
Зодире кьвагьун лъугӏана байрамалъулал салютал, цӏалун рахъана кагътидасан баркиял, тӏасан ккараб ва рихьдае гьабураб гӏинтӏамиялъ сваказарурал ветераназе нахъойги щвана хӏалхьи. Цойги лъагӏалица,20ӏ9 соналъул 9 май щвезегӏан къан тана " Кӏудияб Бергьенлъиялъул"тӏехь. Нилъехъа гьедин бажарунелъул-багьа тӏадегӏанаб кӏва...
Хундерил Гӏалагӏарт майданалда бищунго чуял риччайги байрамалъулал тадбиралги рихьулеб борхалъи кквей букӏана мунагьал чураяв инсул кверщаликь,чӏама-къамизе жо букӏинаби-эбелалъул борч. Нижеда тӏадаб букӏана гӏицӏго байрамалда бищунго кӏарчамаллъун ва къачӏараллъун рукӏин. Цин-цияз кьурал кагътил гъурщалги данде рехун,...
Палугьабазул "бацӏазукьагиха" ниж хӏинкъулел рукӏарал гӏасиго. Кодоса бахъун унаан гьез цӏункӏулел хӏелказдаса байбихьун шагьи-параялде щвезегӏан кинабго. Гьеб букӏана гьунарчагӏазе кьолеб "мухь". Автомобилал сайгъатазе кьечӏониги, чуял риччайги букӏунаан цӏакъ рекӏел хӏал борхизабулеб, комментаторас абулебщинаб рикӏкӏ...
Гьединлъидал, гӏакъиллъиги букӏине кколеб бугоха цӏодорлъи нахъа бахчун бажарулеб гӏадаб... кӏудияб ва къуватаб. Нагагь гӏакъиллъи гьитӏинлъун тӏеренлъун лъугӏани, бокьаниги бокьичӏониги цӏодорлъи цебе кӏанцӏичӏого хутӏулеб гьечӏо. Гӏакъиллъиялъ, нахъаса къотӏичӏого, жиндирго черх лълъадаризе кколеб буго, къуват загӏип...
Билбагӏарабдипломги, гьелда тӏадежоялъе, каранда далун меседил медалги бугев чи вачӏаниги...жиндирго цӏалиялда рекъон хӏалтӏун бажариларищха... амма дипломалда хъварабжоялда рекъон хӏалтӏун бажарулев чи гьечӏила... республика свераниги щоларила цорагӏа-ракьанде щун хӏалтӏи гьабун бажарулеб цониги "кадр"-илан руго ал ни...
Нилъ,къого-лъеберго соналъ цебего... элде щвезегӏангиха... дагь-дагьккун, нилъецагонилъго тӏад рукӏараб кьуруги биххизабун, нилъ цӏакъго церетӏурал чагӏийилангиабун, нилъерго тарихги, нилъерго гӏадат-гӏамалги, нилъерго рахьдал мацӏги,гьелда хурханщинаб гвала-рахасги, нахъе ккарал, щибго жо бичӏчӏуларел чагӏазулрукӏунел...
Цоросулъ бугизего бугеб иццухъ лъим чорок гьабун буго цо бахьикъосас. Гьебгьекъа-гьекъарав чи гӏадаллъулев вукӏун вуго. Гӏемераб мехалъ лъимго гьекъечӏогоал тӏубалищха, лазаталда гьекъон добгун гӏадан хутӏичӏого гӏабдалзаби рахъунруго. Цого цо цӏакъго яхӏ бугев чи хутӏун вуго цӏодорго. Гьанже киналго росдалгӏадамал рах...
Гьелдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого, гьелъул гьитӏинаб бац гӏадин бугеб Каспийскалда вуго гӏумру гьабун гьал мухъазул автор. Шагьаралъул хъудиялъ цӏакъго рекӏее бакӏаб асар гьабизе байбихьидал росулъа сапар бухьуна. Пишацояв Гӏизудинил Хӏамзатица цо нухалъ абухъе, моцӏида жаниб цо нухалъниги магӏарухъе щвечӏони, рухӏияб ...
Гьаб нухалъ росулъе щвана дунял рукӏкӏараб гӏужалъ. Амма, гӏадатлъун батухъе, чирахъаз кунчӏизарурал росдал минабазул бакӏалда, дида дандчӏвана хӏунчун рукӏкӏараб сверухълъи. Ток батана къотӏизабун. Тункун восун умумузул заманалде рехараб гӏадаб хӏисаб лъугьана. Мадугьалихъ Къорода-Кьотӏа бугеб подстанциялдаса бикьула ...
Кьин тӏаде щведал магӏарухъ цӏилъун рачӏунел гӏузрабазул аслияблъун ккола токалъул гӏунгутӏи. Нахъойги тӏадруссун такрар гьабуниги, чанго ГЭС бугеб нилъер республикаялда лъилъулареб ругъун гӏадин хутӏун буго токалъул суал. Щибизе хӏажат ругел мискинхалкъалъе гӏураб къадаралда канлъи чӏезабизе бажаруларел ГЭСал? Гьеб су...
Цивилизация цебетӏурал къватӏир хӏукумутазда цебего чӏезабун буго лъел электростанциял рай, гьелъул бакӏалда гьенир руго бакъул ва гьорол кумекалдалъун ток кьолел станциял. Сейсмологияб рахъалъ хӏинкъи бугеб регионазда гъорлъе унеб, цохӏо нилъер республикаялда ралел руго гьел ГЭСал. Сундуе? Гӏарцуца ццулъараб агьлу жег...
Амма, кин бугониги, цо хайир буго гьеб ток къотӏизабиялъул. Гьеб хӏужа тасдикъ гьабичӏого гӏезехъин гьечӏо гьаб макъалаялда. Цӏакъго-цӏакъ рахӏаталде ругьунлъарал нилъер гӏадамазда, умумул рукӏараб замангӏаги ракӏалде щвезабизе. Макъалаялъул байбихьуда дица хъвана сардилъ росулъе щварабго ток къотӏун батанилан. Рокъоб ...
Щай дица гьаб хъвалеб бугеб? Гьеб ток свараб сордоялъ загьирлъана магӏарухъ чанги чияс хасало печ бакулареблъи. Токалъ рукъги хинлъизабун тӏура-гъуран рукӏун руго гьел. Гьеб къотӏизабурал сардаз абуни ратӏлилъго регун, юргъаналда гъоркь сириги бан хинлъизе кӏоларого рогьун буго гьез сордо. Лъие бокьилеб гьединаб гӏумру...
Испаниялъул машгьурав хъвадарухъан Сааведра Мигель Сервантесица абурал гьал рагӏаби росана дица жакъасеб колонкаялъул бетӏерлъун. Росана лъикӏ ургъун, газетал цӏалулезда, хасго гьезда рахъулел материалаздаса жидерго разилъи гьечӏолъи загьир гьабун редакциялде хъвадарулел "критиканазда" бичӏчӏизелъун.
Анцӏила щуго сон бана дир Хунзахъ районалъул газеталде хӏалтӏизе ячӏаралдаса. Гьеб заманалда жаниб дида бихьана чанги батӏи-батӏияб гӏамал-хасият, чанги кьучӏ гьечӏеб, рекӏкӏаб материал газеталдасан кьезе къваригӏаразул хӏалихьалъи, газета гьоркьоб ккун нахъасан речӏчӏизе макруяб таваккал тӏами, жаниса автораз цониги г...
Гьал гӏагарал къоязда цо тарихияб макъалаялда сверухъги ккана редакциялда бахӏс. Киназдаго лъала тарих буго чан батӏияв инсан ватаниги, гьебщинаб батӏияб пикруги жиндасан бугеб, бокьарас жиндиего данде кковухъеги бицунеб гӏумрудул къиса. Аралъе, гьелда жанир рукӏарал гӏадамазе къимат кьезе ккани, редакциялда букӏине кк...
"Редакциялъул пикру кидаго гуро рахъарал макъалабазул авторазул пикругун данде кколеб. Макъалабазда рихьизарурал хӏужжабазул, цӏаразул, тарихазул ва цойгидалги баяназул жаваб кьола гьезул автораз". СМИялъул хӏакъалъулъ Законги кьочӏое босун, газеталъул щибаб номералда къватӏибе унеб баян. Газета цӏалулез ва дол дица ма...
Амма кин букӏаниги, дун йохарай йиго газеталъул хӏалтӏи квешниги, лъикӏниги, бихьулеб букӏиналдаса. Дун, редактор хӏисабалда, йохарай йиго ниж цӏалулел рукӏиналдаса. Пихъ кьолареб гъотӏода ганчӏал речӏчӏулеб дида киданиги бихьичӏо. Гьел рехула гӏицӏго пихъ бижулеб, хӏалтӏулеб гъотӏоде. Газеталъул хӏалтӏудаса абадияб ра...
Щай? Щай? Щай гьаб хабаралъул байбихьи уяблъун гьечӏеб?! Щай лъимералъе гӏоло рухӏ кьезеги, гьелъул битӏа-бишараб къисматалъе гӏоло къурбаналлъун жалго цере рехизеги хӏадурал улбузул гӏумру даимаб гьечӏеб... Аллагь тун батӏиясукъа хӏинкъи гьечӏеб дир рекӏелъе, гьал ахирал соназ,моцӏаз, къояз рещтӏун буго гӏицӏго цо илл...
Щаяли, киналго улбузда ракӏалде ккола, лъималаздехун жидерго бугеб асар гьезда бичӏчӏуларилан, лъаларилан. "Чӏая-цо, дуего лъимер щведал, бичӏчӏилин дуда, дие дур букӏунеб ургъел". Бичӏчӏула, лъала, хирияй. "Алжан дур хӏатӏазда гъоркь букӏиналъул" хириял тӏахьаздасан цӏалула, амма цо-цо кӏочон тун батӏула.